Мини Чат
Рузнама
#prayer-widget table { // border around the box border: 2px solid #B2BC15 !important; } #prayer-widget table .city { // city name background color background-color: #B2BC15 !important; }
Текущая погода
Статистика сайта
Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0
Сейчас онлайн:
Cегодня были:
Главная » 2011 » Ноябрь » 6 » РачIа, вацал, цIалдезе цIияб мадрасаялде
20:29
РачIа, вацал, цIалдезе цIияб мадрасаялде


 

ДИН-ИСЛАМ МАЛЪУЛЕБ МАКТАБ РАГЬАНА

18 сентябралда Лаваша районалъул Урма росулъ радалго
букIана цо гIажаибаб рагъа-рачари. Рихьулел рукIана
цудунго рахъун хьвадулел гIадамал, берцинго къачIа-
кIатIарал лъимал, къукъа-къукъаккун цо рахъалдехун
унел руччаби. ХIакъикъаталдаги гIадада букIун гьечIо
гьезул чIаголъи. Урмасезул исламияб тарихалда жаниб
тIоцебе гьеб къоялъ рагьулеб букIун буго мадраса. Гьел
хIадурлъулел рукIун руго рахъ-рахъалдаса гьалбал къабул
гьаризе.

Гьеб бугоан цIакъ берцинаб, санагIатаб, гIатIилъи гIураб
мадраса. Гьединаб кIудияб сайгъат лъица нужее гьабурабин
урмасезда цIехедал, баянлъана росулъаго чагIазул
кумекалдалъун бан букIин. Гьаб заманалда гьединаб мадраса
базе бажари ккола росдалго иманалъул даража цIикIкIараб
букIиналъул бицунеб хIужа. КигIанго саламатаб бакI
бугониги, гьеб балаго лъагIелгIанасеб гурони заманги ун
гьечIо. Хирияб хIадисалда буго: «Инсан хвараб мехалъ гьесул
кинабго гIамал къотIун ккола лъабго жо хутIизегIан: билълъан-хъулеб садакъа (жиндаса гIаммаб пайда щолеб хIалтIи, бараб
мадраса, бахъараб нух ва гь.ц.), нахъе тараб гIелму, дугIа гьабулеб
лъикIаб лъимер». Дицани абилаан, гьаб хIадисалда рехсараб
лъабабго жо гьеб мадрасаялъе квербакъаразе щвелин.
Билълъанхъулеб садакъаги, нахъе тараб гIелмуги, дугIа
гьабулеб лъикIаб лъимерги бугелъулха гьениб. Щайгурелъул,
гьенир цIалун рахъарал гIалимзабазул дугIаги гьезие щола,
гьезул гIелмуялъул пайдаги гьоркьоса къотIичIого бачIунеб
букIуна.
Гьеб къоялъ урмасезул рохел гIахьал гьабизе, гьезда баркизе
сверухъ ругел росабалъа, батIи-батIиял районаздаса
муъминзаби, гIалимзаби рачIана. Мажлис рагьана ва
нухда бачана Динияб идараялъул дагIваталъул отделалъул
хIалтIухъан МухIаммад-хIажи ХIажиевас. Лаваша районалда
бугеб исламияб ахIвал-хIалалъул бицине рагIи кьуна гьеб
районалъул имам Къакъамахьиса Зубайри-хIажиясе. Гьес
къокъабго баян кьуна бугеб хIалалъе, бицана лъикIал-квешал
рахъазул ва киналго бусурбаби ахIана цолъиялде, ракълиде.
МагIна гъваридал, пайдаял вагIзабигун цере рахъана
ДУМДалъул экспертнияб советалъул хIалтIухъан МухIаммад-
хIажи Къурбандибиров, МахIачхъалаялъул рузман балел
мажгитазул имамзабазул наибзаби Сиражудин-хIажи ва
Муслим, Казбек районалъул имам Казим-хIажи, «Нурул-
ислам» газеталъул бетIерав редактор МухIаммад-хIажи
ХIажиев, магIарул мацIалда биччалеб «Ас-салам» газеталъул
редактор ГIабдуллагь-хIажи МухIаммадов, КъулецIма
росдал имам АсхIабгIали-хIажи. МутагIилзабазул цебе
букIараб яшавалъул бицана Хьаргабиб бугеб исламияб
институталъул нухмалъулев Сидикъил ГIали-хIажица.
Ахиралда кIалъазе вахъарав Буйнакск шагьаралъул имам
ГIабдулгъафурил МухIаммадица бицана, урмасез
Шамил имамасда гьабураб дандчIваялъул, гьесие гьабураб
гьоболлъиялъул.
– Гьаб бакIалда имамас дугIа гьабун буго росдада баракат
лъегийилан. Гьеб дугIаялъул баракат ккола гьаб жакъа
рагьулеб бугеб мадрасаги, – ян лъугIизабуна гьес кIалъай.
КIудияб хIадурлъи гьабун бугоан гьез тIаде рачIарал гьалбал
кваназариялъеги.

автор: ГIабдуллагь-хIажи МухIаммадов

Источник< http://www.assalam.ru/

Урмаб Байрам

Жакъа Урма росулъ байрамкъо буго
Байрахъ мадрасалъул тIохда парпалеб,
РачIун руго гьалбал Дагъистаналъул
Дин-ислам малъулеб мактаб рагьизе.

ХIурматиял гьалбал гьарула нужей
Кидаго рохалий къватIир рахъине,
Цо Урма гуребги Дагъистаналда
Киналго росабалъ мадрас рагьизе.

Нужер вагIзабазул ахираб хIасил
Алжан насиблъулеб сабаб батаги,
ГIалимас малъараб жагьилас босун
Бакъвайги жагьиллъи Дагъистаналда.

«Доборалъул» гохIилъ мадраса базе
Нижер хиял ккана, жамагIаталъул,
БитIараб пикрудай кумек гурони
Квалквал гьабулев чи гьанив вахъинчIо.

Росдал гIолилазги гIалимзабазги
ГIетIулъ тIерхьинегIан хIалтIи гьабуна,
РахIманас тавпикъ кьун, гьаз тавакал гъун
Тартиб хIалтIулъ гьабун рагьана мажлис.

Мадраса рагьизе ракIалде щварал,
Щвайги ХIабибасул ХIавузалъул лъим,
Садакъа кьуралги кьезе кIвечIелги
СиратI бахаразда гьоркьор ратаги.

Аллагь разилъулеб гIамал гьарзаял
ГIелму чидай кьезе гьунар кIудиял,
МутагIилзабазухъ гIищкъу бергьарал
ГIалимзаби ккаги мугIалималлъун.

Динул исламалъул ХIавуз гIуцIаги
ГIун бачIунеб гIелалъ кIалчIван гьекъезе,
Цере аралазул мухъилъ рехсолеб
Мадраса лъугьаги дир инсул росулъ.

Автор: Урмаса АкIулав

Просмотров: 1326 | Добавил: Mamed | Рейтинг: 3.7/3
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
javascript://